Шагьру шагIбан тIагIун, тIаде моцIалъул
ТIоцебесеб сордо бачIараб мехалъ,
Будундибирасул истилахIалда
Итниялъ кIалъана кIал кквезейилан.
КIудиял, гIисинал гIадамал рекъон,
Къукъаби къачIана къаси хабаде;
Хваразул рухIалги, заназде рахун,
Росулъ ругел махIаз хIал хьун рукIана.
РакI бухIарав хвечIо, хабалъ чи гьечIо,
Хиял гьабун чIана, гьезухъ валагьун;
Гьазул гIид батани, дир бертинилан,
Дунги гIедегIана ГIунайзатихъе.
ГIиса чIаго тезе чIварав ЯшугIил
ШигIраби ахIана, хIал хьоларищан;
ХIабиб хахизе щун, йохун юссарай
Рехсана ХIалимат, хIордеги вахъун.
ХIинкъараб лочнохъе чан щоларилан
Черхалда кIалъана кIудияб хIалалъ;
Кинго рахIман гурес pyxl босуларин,
Божаян гьарана гьинал рекIеда.
Гьороца хъамулеб хъахIаб накIкI гIадин,
ГIодоб хIетIе хъвачIо, хъвана нуцIида;
ЦIадае хьвадулеб зодил хьухь гIадин
Дунги вачIанилан йорчIизаюна.
Забру варакъулаб къустIантIин месед
ТIаде йорхулаго хвезе вахъана;
Ханас тарих хъвараб хъахIчараб чини
Чорхол pyxl босана бусний угьидал.
Алжанухъ щурулеб шамалъул сагIат,
«Щиб дур къваригIелин» къватIий яхъана,
ТIогьол най хIайранаб хIеренаб мацIалъ
ХIайван гIажизлъулел жавабал кьуна:
– Кьижун гьечIев эмен, йорчIарай эбел,
Авал-къоноялъул къотIун гьечIеб сас,
Къасде регуларел росдал гIадамал,
Сверухъ мадугьалихъ гьабзазул хIапи;
ХIал хъубал кьерилал, кьалал гIолилал,
Кьурун руссун чIарал саяхъалщинал,
Щобда чIвараб байрахъ – чIалгIун ругел нилъ,
ЧIвалин хIинкъичIого, вачIун вугев мун;
МугIрул бисалдаса боснов цIодорав
ЦIунун дунгун тарав рагьда хъаравул,
Хъергъу бачГунелъул тIанчIи гIадинан,
Дун тIаде яхъани, рахъунел лъимал;
Лъезе бугьтан щвани, щибго кIочонел
КIалдиб мацI борхьилал бихьинал, цIуял,
ЦIа-каналъул гвангъи, горда бугеб нур, —
Дуда гьабулеб жо дида лъаларо!
Гьанже дун суризе сабаб гурони,