Рокьиян кьерилал, кьалан гIолилал
ГIемерал ратула терелел дида;
ГIищкъу-гьавайилан гьал гIадамаца
Падлу биххун буго дуниялалъул.
Лълъим цIолеб къулгIадухъ къоролзабазул
Къапила букIуна, балайилан чIун;
ЧIараб бакI лъачIого, гьанже ясалги
Гьединан хьвадула хьитал хвезегIан.
Хварав чиясулгIан чанги гьечIого,
Чорхой рахIаталда хIебтIун вуго дун,
ХIасрат бергьаразул гьаглъиялдаса
Гьадин цIунагиян, цIакъго нахъе къан.
ХъахIилб зоб бихъун балагь бачIаяй,
ЯчIун гаргадана дида цо гIадан,
ГIумру халатаб кьун йохун тогеялъ
ТечIо дирго рокъов, къватIив вахъаян.
– Дур кколарищ рокьи,
йокьуларищ дун?
Гьедин, гIодов тIамун,
тIубаларо мун!..
ТIолго дунялалъул лазат гьабилан,
Бана гарбида къвал, къана каранде.
КъотIи гьабилилан, бачун цо квергун,
Кидаго рагIичIел рагIаби кьуна:
– Дир гIищкъу ккун бугин гIащикъав дуде,
Мун гIадан ватани, тоге дун гьадин. —
Берзул ишан гьабун гьаб дир ракI боххи
Гьабунги, дур хIисаб хIалтIизе гьабе.
ХIасраталъ ецIцIулей, цIерлъун чвахулей
Чанги гIумру буго гIадада инеб.
Дур бицун рукъ кьаллъун, кьогIлъун дунялгун,
Кьалде рехун йиго дур хиялаца…
Дур бицунеб хабар халат букIани,
Бегьилин абуна элда дицаги.
Гьеб гьорода рекъон гьава хIалтIани,
Гьебги лъикI бугилан кIалъана дунги.
Дирги гьалагаб черх, чалухал лугбал, —
Чияде гIайибал гIодор хутIана;
ГIакълу гьечIеб бетIер, чГобогояб ракI, —
ЧIухIарал хиялаз хвана гIадада.