ГIаршалъул камиллъи, курсалъул цIикIкIин
ЦIани, бергьинаро гьанже дидаса.
Гьелъул жавабаца жанир рукьбазда,
Рокьул урдуги чIван, Дагъистан ккуна.
Дунги къираласул къагIидаялда
КъватIий эй яккулеб авал ккун чIана,
Гьелъулги гьава-нич гьуригун цадахъ
ХъахIилаб зодихъе боржун букIана.
Гьадаб къоялъ къотIноб къалъуда ккараб
КъотIи букIин гуреб, кIалъан вукIинчIо,
РикIкIадасан ишан, унеб нухда чан
Чияда лъачГого балъго букIана.
РекIел гьудулги щун гьеб заманаялъ
Зодихъ гIенеккулеб гIиприт букIана,
ГIакълу-лъай гьикъизе къиралзабилъун
КъватIул жавабалъе жундул гьаруна.
Гьудул данделъулеб, дун гьогьомулеб
Гьаб тIохил хал гьабун тIаде вахана,
ТIаде гьава цIалеб, цIад бачIунареб
Гьури-бакъ рекъараб рагIалда чIана.
ГIадани бераца магIy кколареб
ГIищкъул гьаваялъул бакънал рачана.
КъватIибе росулъе сас рагIулареб
Сармил рагIал абун, угьдизе лълъвана…
Алжанул гьорохъе хъахГмаккал гIадин,
Хъвалеб бакI хутIичIо лугбазул гIодоб,
Давудил гьаркьихъе рухIал кинигин,
ХIал ккана рекIеде, тIун бортилилан.
Рагьдаса тIагIинчIо, тIохдаса инчIо,
ТIаде щвана гьудул гьагъаб нухдасан,
Над бугеб формаялъ паналъун халкъгун,
Хиялго гьечIого ячIун рещтIана.
Нухде къулун гуреб, тIаде йорхулеб
Надагьал лугбазул балагьи гьечIо;
Къеде юссун гуреб, диде сверулеб
Сабураб черхалъул хасият гуро.
Халкъалда рагIарай ГIунайзатида
ГIищкъуялъ чи чIвалеб чIимих речIчIана:
ЧIухIараб къоялъул къурайшиялда
Къараб бералдасан бичIчIизабуна.
Балагьун дидегун цо гьей кIалъадал,
КIутIун ана гIиприт гIурулъе лъугьун,
Гьорчо кодой босзе квер гьелъ хапидал,
Хварал жал ратила, жундул лъутана.
Жеги дихъ ялагьун хаган чIун гуреб,
РечIчIараб доб чIимхил халго гьабичIо;
Балеб рогьо гуро, гьарайцин гьечIо,
Цо къвакараб бералъ къотIной ккун йиго.
– БукIараб къотIийищ, къараб явлухъищ,
КъотIнов ватаралъув речIчIаризе мун?
Гьадин къватIий хутIун хаган йигелъул,
Хиялищ гьабураб, анищанги ккун?
ЩобтIа гIерул силъун гIодоб чIараб жо,
ГIадан мун ватидал, гIадлъун гурищ дун?!
Лъаралъ букIунеб хъаз, бахчараб балкан…
Босун гьорчо буго гьанжеги кодоб!
Гьеб ратIлил тIотIой щиб, тIингъил хохой щиб
Ханасул яс йокьун рокьи ккарав дур?
Кьан-квачIалда тIаса тIажу киб араб
ТIохде вахинегIан хиял цIакъав дур?
Дуда бер чIвалаго босана канлъи,
Бачида тIад чIвараб тIенкелилан ккун,
ТIаде йорхулаго тIурана гIакълу,
ТIанхилъ гIодоб чIараб гIужрукъ мунилан.
– ГIайиб гьечIо, гьудул, гьедин кканиги! —